Сегодня, 24 ноября 2023 года, моей матери исполняется 70 лет. Поздравляю, родная! Желаю крепкого здоровья, долголетия, душевной гармонии, всего самого прекрасного на свете!
БахIарчияй эбел
Дида цебе чIола хирияб гьумер,
РукIкIалабаз цIураб хIалакъаб гьумер.
КIикъойилъ хъахIлъарал гIагарал расал,
ГIумруялъ зурараб гьитIинаб лага.
ГьатIан къо щолареб даимаб хIалтIулъ,
ХIеж борхулей гIадин, цее чIола мун.
Мун – биххулеб тIохил рахи хисулей,
Хъандиро хьвагIулей, богIол магь къалей.
Мун – ункъо васасе хинкI балагьулей,
Гьел цо дур захIматалъ гIезе гьарулей.
Гьезул ретIелалде рукIкIенгун къулун,
Къоязги сардазги гьезул ургъалилъ.
Гьедин йихьула мун, хIалхьи лъаларей,
БахIарчияй эбел, цIар кьечIониги.
КъуркьунгутIиялъул къисалъун буго
Беццаб ракI къалъулеб дур къисмат, эбел. #Россия #Гумбетовскийрайон #СтранаСолнца #МойДагестан #Дагестан #Странагор #Гумбет #Мама #ГамзатИзудинов #Родина_мать #Родина
БахIарчияй эбел
Дида цебе чIола хирияб гьумер,
РукIкIалабаз цIураб хIалакъаб гьумер.
КIикъойилъ хъахIлъарал гIагарал расал,
ГIумруялъ зурараб гьитIинаб лага.
ГьатIан къо щолареб даимаб хIалтIулъ,
ХIеж борхулей гIадин, цее чIола мун.
Мун – биххулеб тIохил рахи хисулей,
Хъандиро хьвагIулей, богIол магь къалей.
Мун – ункъо васасе хинкI балагьулей,
Гьел цо дур захIматалъ гIезе гьарулей.
Гьезул ретIелалде рукIкIенгун къулун,
Къоязги сардазги гьезул ургъалилъ.
Гьедин йихьула мун, хIалхьи лъаларей,
БахIарчияй эбел, цIар кьечIониги.
КъуркьунгутIиялъул къисалъун буго
Беццаб ракI къалъулеб дур къисмат, эбел. #Россия #Гумбетовскийрайон #СтранаСолнца #МойДагестан #Дагестан #Странагор #Гумбет #Мама #ГамзатИзудинов #Родина_мать #Родина