Рищиязда хурхун Гlирбанил Хlажиясул пикраби:
70 сон базег1анги
Г1умруялъул гьудул т1аса йищич1ев
Г1ирбанил Х1ажияв рищиязде ун,
Эс гьабилеб гьоц1о дида лъаларо.
70 сон базег1анги
Г1умруялъул гьудул т1аса йищич1ев
Г1ирбанил Х1ажияв рищиязде ун,
Эс гьабилеб гьоц1о дида лъаларо.
👍10
Forwarded from ХакикаТ (Истина) (Zulfiya Gadjieva)
Сегодня день рождения национальной аварской газеты и национального лидера Сайгидпаши Умаханова.
Да, все случайности не случайны, а закономерны. И в этом случае тоже. Не стану перечислять все титулы именинника, а скажу просто, что есть люди, которые своим собственным примером создали личные бренды. Один из них - Сайгидпаша Умаханов, упоминание которого у многих ассоциируется со свободой духа (узденства), благородством характера и постоянством взглядов. Согласитесь, это удел сильного человека (особенно, если учесть то, как менялась общественно-политическая жизнь последние 30 с лишним лет и то, какую роль в ней занимал Умаханов).
Поэтому, Сайгидпаша Дарбишевич, долгих, счастливых лет Вам и прекрасного здоровья!
Зульфия Гаджиева, главный редактор газеты «Хlакъикъат».

👍13
С А Й Г И Д П А Ш А
Миллатал цолъулев буцур вукIиналъ,
КIодолъана дур цIар Дагъистаналда.
Ккаралъуб беркъачIеб къвакIи тIатиналъ,
ТIадегIанлъана мун Россиялдаго.
Салатавиялъул къадру тIокIав вас,
Къимат борхана дур халкъгун ватиялъ.
Рорхатал цIвабзахъе гIагарлъана мун,
РекIелъ чаран лъураб чилъи цIуниялъ.
Дарбиш-хIажиясул хIикматав варис,
Наслаби чIухIулеб чIчIел ккуна дуца.
Забидат-эбелалъ иман тIинкIиялъ,
Исламалъул дарсал дуруслъана дуй.
СагIид-афандияс назмудалъ рехсей,
Дур тIокIлъи борцунеб роцен кколарищ.
Тажудин-устарас абураб рагIи,
Мисалалъе хIакъаб хIужа гуребищ.
Расул ХIамзатовас гьудуллъун ккурав,
Гьелъ бицунарищ дур даражаялъул,
Дунялалда лъалел лъикIал гIадамаз
ЛъалкI дур борцин буго бицалъ хутIизе.
Дур гIадин каранда ракI кIутIичIони,
ГIумруялъул магIна гIададисеб жо.
Дур гIадаб гIаданлъи бидулъ лъечIони,
Батунилан къисмат расги гуреб жо.
Дуе меседил цIва дагъистанияз
Цебего ракIазулъ кенчIезабуна.
Дуе мазгарул си щивасул каранлъ
Кидаго холареб борхатаб бана.
Сайгидпаша, дуе улкаялъ кьела
БахIарчиясул цIар – хIалалаб сайгъат.
БахIарчи вуго мун нилъер халкъалъул
Къарнаби сверила – свинаро дур цIар.
Махlмуд-Апанди Мухlамадов
Миллатал цолъулев буцур вукIиналъ,
КIодолъана дур цIар Дагъистаналда.
Ккаралъуб беркъачIеб къвакIи тIатиналъ,
ТIадегIанлъана мун Россиялдаго.
Салатавиялъул къадру тIокIав вас,
Къимат борхана дур халкъгун ватиялъ.
Рорхатал цIвабзахъе гIагарлъана мун,
РекIелъ чаран лъураб чилъи цIуниялъ.
Дарбиш-хIажиясул хIикматав варис,
Наслаби чIухIулеб чIчIел ккуна дуца.
Забидат-эбелалъ иман тIинкIиялъ,
Исламалъул дарсал дуруслъана дуй.
СагIид-афандияс назмудалъ рехсей,
Дур тIокIлъи борцунеб роцен кколарищ.
Тажудин-устарас абураб рагIи,
Мисалалъе хIакъаб хIужа гуребищ.
Расул ХIамзатовас гьудуллъун ккурав,
Гьелъ бицунарищ дур даражаялъул,
Дунялалда лъалел лъикIал гIадамаз
ЛъалкI дур борцин буго бицалъ хутIизе.
Дур гIадин каранда ракI кIутIичIони,
ГIумруялъул магIна гIададисеб жо.
Дур гIадаб гIаданлъи бидулъ лъечIони,
Батунилан къисмат расги гуреб жо.
Дуе меседил цIва дагъистанияз
Цебего ракIазулъ кенчIезабуна.
Дуе мазгарул си щивасул каранлъ
Кидаго холареб борхатаб бана.
Сайгидпаша, дуе улкаялъ кьела
БахIарчиясул цIар – хIалалаб сайгъат.
БахIарчи вуго мун нилъер халкъалъул
Къарнаби сверила – свинаро дур цIар.
Махlмуд-Апанди Мухlамадов
👍7
Сон Къороде щведал, Гlирбанил Хlажиясухъеги раккун рук1ана кlал къабул гьабизе
👍7
Кlалбиччанкъоялъ Къороде рачlунелщинал чагlазул бер речlчlулеб куцалда кавабазда тlасан дализабун букlана Гlирбанил Хlажияс «Хlакъикъат» ва «Гъуниб» газетазда рахъарал жиндирго кучlдул седараб игlлан.
👍6
Forwarded from ХакикаТ (Истина) (Zulfiya Gadjieva)
This media is not supported in your browser
VIEW IN TELEGRAM

Media is too big

1910 соналда Гlабдула-устарас Генуб бараб къулгlа. Бицунеб буго росдал Культураялъул рукъалъул нухмалъулев Гъазимух1амад Камиловас.
👍15
ХакикаТ (Истина)
1910 соналда Гlабдула-устарас Генуб бараб къулгlа. Бицунеб буго росдал Культураялъул рукъалъул нухмалъулев Гъазимух1амад Камиловас.
Media is too big
VIEW IN TELEGRAM
Гьав Гlабдула-устарас Генур гьарун рукlарал нухазулги гендерил некlсиял хабзалалъ пахь батиялъулги бицунеб буго Гъазимухlамад Камиловас.
👍10
Forwarded from ХакикаТ (Истина) (Zulfiya Gadjieva)
Media is too big
VIEW IN TELEGRAM
Муса Азаевасул Кубокалъе гIоло Дилималда тIобит1улеб бугеб турниралъул хIакъалъулъ хас гьабун «Хlакъикъаталъе» гьадинаб баян кьуна Россиялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат Сайгидпаша Гlумахановас:
👍21🤮1
Media is too big
VIEW IN TELEGRAM
Шамиль имамлъун вищараб бакl - Хунзахъ районалъул Харахьи росдал гъоркьияб къулгlадухъ букlараб некlсияб мажгит. Тlубанго тlатlала ккеларедухъ жидехъаго бажарараб куцалда тlасанги жанисанги къачlан буго росдал гlадамаз гьеб. Амма гьеб жиндирго тlалабалде босизе лъикlан памятникал цlунулеб Агентствоялъги.
👍20❤3
Дида лъалелдаса нахъе нижер рокъоб къеда бан батана цебегосеб кIиго сурат. Гьезул цоялда вукIана жеги дун гьайилалдего хварав кIудияв эмен. Цогидаб сураталдасан нижехъ балагьун вукIунаан рагъул пормаги ретIарав, пашманаб гьумералъул гIолохъанчи.
Доб мехалда рукъ-рукъалъур рукIунаан гьединал суратал – матIабазда жанир лъун щиб, яги магIица къадада чIван щиб. ДахIабабацаги кIудияб адабалда рехсолаан гьеб цояб сураталда вахъарав нижер кIудияв эмен. Жиндир «рукъалъул чи» ян йикIунаан гьесде. Валлагь кигIан жиндир рукъалъул чи накалда вахъун чIун гьарданиги, чIечIилаха Пахрудин рагъде инчIогоян зама-заманалдасан ракIалде щвезабулаан гьелъ.
Гьев Пахрудин кколаан дахIададаца тIоцее ячарай чIужу ИзахIатил ПатIиматие гьавурав вас. Халатбахъараб унтудаса хадуй хун гьей ПатIиматгун ячун йиго дахIададаца нижер дахIабаба. Жиндие бесдал васлъун кколев вукIарав Пахрудин гIемер ракIалде щолаан гьелда. ЦIакъ куц-мухъ бугев, бадиве валагьизе барахщарав, кутакалда жиндехунги адабалда кIалъалев вас вукIанила гьев...
Доб мехалда гIага-шагарго къого соналде вахарав гIолохъанчи вукIине кколаан Пахрудин. Кьохъ школалда гIурус мацIалъул дарсал кьолевги директорлъи гьабулевги вукIун вуго гьев. Цинги рагъ байбихьидал гьес гIарза кьун буго Болъихъ военкоматалде. Амма лъай бугел чагIи гьанирги хIажат ругилан, довасан витIун гьечIо гьев рагъде. Гьеб мехалда Пахрудиница гIарза кьун буго Хунзахъ военкоматалде. Гьеб лъараб мехалда чIун вуго эмен гьесда цеве накалда. Щиб мацI бицаниги, лъавуде вачIинавизе кIвечIилан йикIунаан дахIабаба. Кутакалда эбел хирияй йикIанила гьесие, гьей хун хадуб дунялалдасаго рокьи бичунги вукIанила.
Бицанихъе, гьеб кколаан 1943 сон. БитIун цIа боркьараб заман…
Рагъде ун гIемер мехго балелде бачIун буго кагъат Таганрогалда аскIов Пахрудин чIванилан. Гьедин бицунаан дахIабабаца. Амма Хунзахъ военкоматалда батараб документалда рекъон, 1947 соналда извещение кьун буго гьесул инсухъе вас араб бакI лъачIого тIагIанилан. Интернеталда ругел киналго базаби хъирщаниги, батичIо гьев вукъараб, чIвараб бакIалъе нугIлъи гьабулеб цониги хIужаги. Лъаларо, гьел электронный базаби жегиги данде гьарун рахъинчIогойищ ругелали.
… Лъаларо гьединго кинаб часталда, щиб хIалтIи Пахрудинида тIад къан букIарабалиги, кинаб гьунар гьес гьабурабалиги. Амма кинабниги гьунар гьес гьабун батичIонигицин, дица гьев рикIкIинаан БахIарчилъун. Щайин абуни, парахат Кьохъ школалда директорлъи гьабизе рес букIарав чи, хадуб ахIдолеб гIагарлъиги тун, цIа боркьараб рагъде ине ккани къваригIуна цебе чIезабизе захIматаб къвакIи…
Нижер Харахьи росу бакьулъ лъураб памятникалда хъван буго рагъдаса вуссинчIев 70 росуцоясул цIар. Гьезда гьоркьор гIезегIан руго Пахрудинил гIадин къисмат ккарал гIолохъабиги.
Хlал Алжаналъуб батаги гьезул киназулго, я Аллагь!

👍9🔥2