Zulfiya Gadjieva
158 subscribers
106 photos
84 videos
22 links
加入频道
Къорода росдал нек1сияб мажгиталдаса рахъарал басриял каваби ц1унун руго росдал музеялда. Гьезул х1акъалъулъ бицунеб буго муг1алим Г1умарилова Суайбатица.
5
Нагагь кафе-жо рагьизе рак1алде ккани, гьале гьаз г1адин нилъерго ц1аралги лъе гьезда.

Сураталда: Гендерида г1агарлъухъ рагьараб «Гьогьмада» кафе
👏6
Гьанжеялдаса анц1го соналъ цере гьав Шаг1бан Х1апизовгун (Маркъо) цадахъ Гуржиялде щведал, маг1арул мац1алде жидеца хунзуру энна ян абулилан бицана гуржияз. «Хундерил мац1» раг1ула гьелъул маг1на.
Щай гьеб гьедин бугебали тарихчаг1аз баян гьабуни бокьилаан. Чабхъад унел чаг1и г1иц1го хунз гурелги рук1индал. Ялъуни Сарир пачалихъалда хурхинабулеб жойищ гьеб бук1араб?

https://youtu.be/w1arwrH1EYo?si=W1rO5duwI8uAbI6e
🔥32👍1
😃
Forwarded from Магомедхабиб Халилбегов
Сегодня утром жители селения Кахикал Хунзахского района на столбе увидели этого медвежонка.
5😁3
Гьаб буго Хунзахъ мухъалъул Кlaxъ росу рагlaлда, нухда бугеб аваразул раис - хан Кlyдияв Гlyмаханил яс Яхlси Патlиматил зани. Гьей йиго Ислам босарай гуржиязул бика Абашидзе Дариджае гьайурай. Гlyмаханил боялъ нахъа Цloрaлда (Грузия ) 1786 соналъ бахъун буго Вахани абураб кlyдияб хъала. Гьеб хъалаялда лъай-хъвай ккарабила нилъер раисасул ва Дариджал. Гlyмаханил яс гlyмруялдаса гloлохъанго ятlaлъана. Хlaл Алжаналда батаги гьелъул. Кlaхъ росу рагlaлдасан унаго гьелде зиярат гьабуни лъикlaб букlина.
6
Forwarded from Гъозулав
Гъозулав, нижерав, нилъерай

Историческая встреча с Рамазаном Раджабовым @radzhabof и Зульфией Гаджиевой @m_a_a_r_u_l_a_y
7
Ахираб заманалда къват1ире рач1арал маг1арул т1ахьазда гьоркьоб бищунго асар гьабуна гьаб т1ехьалъ. Къойилго нилъеда дандч1валел г1адамазул г1амалал руго х1инч1-къедалъулги, х1ут1-хъумуралъулги, жанаваразулги мисалаздалъун рихьизарун. Ц1але цо, бугеб кеп бихьизе😃👍
5
Гьале цойги:
5
⬇️ Гьал маг1арухъа хоккеистал рихьидал, рак1алде щвана дун гьит1инаб мехалда росу бакьулъ хасел лъуг1изег1ан х1орт1а конькабазда хъещт1олел рук1арал нижер г1олохъаби. Спорталъул миллияб тайпалъунгицин лъугьун бук1ана гьеб цо заманалда. Амма хадуб т1аг1ана гьеб къаг1ида: х1ор къунищ, яги киналго гугариялдейищ руссаралали.
👍4