Жабраг1ил Х1асановасе г1адаб гьунар кьурал чаг1аз дунялалда ралел къоял, щаялиго, ц1акъ дагьал рук1унел руго. Т1оцебе гьесул куч1дузул т1ехь кодобе щведал, гьеб ц1алун лъуг1ич1ого т1аде яхъине бокьич1о дие. Кир ругел гьединал авторал гьанже?
https://yangx.top/valuzog/39
https://yangx.top/valuzog/39
Telegram
Гъозулав
Церекъад дица гьаниб лъун букӀана ЖабрагӀил ХӀасановасул шигӀру. ЦӀакъ кьогӀаб къисматалъул чи вукӀана гьев. ГӀолохъанго унтиялъ бусадеги ккун гьедин ана гьесул гӀумру.
Гьев ккола дир эбелалъул росулъа (Гъоркьа Бахълъухъ). Цо соналъ имгӀалас вачун вукӀана…
Гьев ккола дир эбелалъул росулъа (Гъоркьа Бахълъухъ). Цо соналъ имгӀалас вачун вукӀана…
🔥4
This media is not supported in your browser
VIEW IN TELEGRAM

Къорода росдал нек1сияб мажгиталдаса рахъарал басриял каваби ц1унун руго росдал музеялда. Гьезул х1акъалъулъ бицунеб буго муг1алим Г1умарилова Суайбатица.
❤5
Гьанжеялдаса анц1го соналъ цере гьав Шаг1бан Х1апизовгун (Маркъо) цадахъ Гуржиялде щведал, маг1арул мац1алде жидеца хунзуру энна ян абулилан бицана гуржияз. «Хундерил мац1» раг1ула гьелъул маг1на.
Щай гьеб гьедин бугебали тарихчаг1аз баян гьабуни бокьилаан. Чабхъад унел чаг1и г1иц1го хунз гурелги рук1индал. Ялъуни Сарир пачалихъалда хурхинабулеб жойищ гьеб бук1араб?
https://youtu.be/w1arwrH1EYo?si=W1rO5duwI8uAbI6e

YouTube
Авар мацI ва болмацI. ШагIбан ХIапизов.
Авар мацI ва болмацI. ШагIбан ХIапизовасул кIалъай.
00:00 Байбихьи
01:14 болмацI нилъер хазина
01:26 болмацI хундерил мацI кколищ
04:31 болмацI щай хундерида хурхинабулеб?
07:32 ГIириб болмацIалда хъвай-хъвагIай
08:57 авар мацIалда диалектал кин лъугьарал?…

🔥3❤2👍1
Forwarded from ХунзахСегодня
Гьаб буго Хунзахъ мухъалъул Кlaxъ росу рагlaлда, нухда бугеб аваразул раис - хан Кlyдияв Гlyмаханил яс Яхlси Патlиматил зани. Гьей йиго Ислам босарай гуржиязул бика Абашидзе Дариджае гьайурай. Гlyмаханил боялъ нахъа Цloрaлда (Грузия ) 1786 соналъ бахъун буго Вахани абураб кlyдияб хъала. Гьеб хъалаялда лъай-хъвай ккарабила нилъер раисасул ва Дариджал. Гlyмаханил яс гlyмруялдаса гloлохъанго ятlaлъана. Хlaл Алжаналда батаги гьелъул. Кlaхъ росу рагlaлдасан унаго гьелде зиярат гьабуни лъикlaб букlина.
❤6
Forwarded from Гъозулав
Гъозулав, нижерав, нилъерай
Историческая встреча с Рамазаном Раджабовым @radzhabof и Зульфией Гаджиевой @m_a_a_r_u_l_a_y
Историческая встреча с Рамазаном Раджабовым @radzhabof и Зульфией Гаджиевой @m_a_a_r_u_l_a_y
❤7
Ахираб заманалда къват1ире рач1арал маг1арул т1ахьазда гьоркьоб бищунго асар гьабуна гьаб т1ехьалъ. Къойилго нилъеда дандч1валел г1адамазул г1амалал руго х1инч1-къедалъулги, х1ут1-хъумуралъулги, жанаваразулги мисалаздалъун рихьизарун. Ц1але цо, бугеб кеп бихьизе😃👍
❤5