Zulfiya Gadjieva
158 subscribers
106 photos
84 videos
22 links
加入频道
Кlалбиччанкъоялъ Къороде рачlунелщинал чагlазул бер речlчlулеб куцалда кавабазда тlасан дализабун букlана Гlирбанил Хlажияс «Хlакъикъат» ва «Гъуниб» газетазда рахъарал жиндирго кучlдул седараб игlлан.
👍6
ХакикаТ (Истина)
1910 соналда Гlабдула-устарас Генуб бараб къулгlа. Бицунеб буго росдал Культураялъул рукъалъул нухмалъулев Гъазимух1амад Камиловас.
Media is too big
VIEW IN TELEGRAM
Гьав Гlабдула-устарас Генур гьарун рукlарал нухазулги гендерил некlсиял хабзалалъ пахь батиялъулги бицунеб буго Гъазимухlамад Камиловас.
👍10
Forwarded from ХакикаТ (Истина) (Zulfiya Gadjieva)
Media is too big
VIEW IN TELEGRAM
Муса Азаевасул Кубокалъе гIоло Дилималда тIобит1улеб бугеб турниралъул хIакъалъулъ хас гьабун «Хlакъикъаталъе» гьадинаб баян кьуна Россиялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат Сайгидпаша Гlумахановас:
👍21🤮1
Media is too big
VIEW IN TELEGRAM
Шамиль имамлъун вищараб бакl - Хунзахъ районалъул Харахьи росдал гъоркьияб къулгlадухъ букlараб некlсияб мажгит. Тlубанго тlатlала ккеларедухъ жидехъаго бажарараб куцалда тlасанги жанисанги къачlан буго росдал гlадамаз гьеб. Амма гьеб жиндирго тlалабалде босизе лъикlан памятникал цlунулеб Агентствоялъги.
👍203
Дида лъалелдаса нахъе нижер рокъоб къеда бан батана цебегосеб кIиго сурат. Гьезул цоялда вукIана жеги дун гьайилалдего хварав кIудияв эмен. Цогидаб сураталдасан нижехъ балагьун вукIунаан рагъул пормаги ретIарав, пашманаб гьумералъул гIолохъанчи.

Доб мехалда рукъ-рукъалъур рукIунаан гьединал суратал – матIабазда жанир лъун щиб, яги магIица къадада чIван щиб. ДахIабабацаги кIудияб адабалда рехсолаан гьеб цояб сураталда вахъарав нижер кIудияв эмен. Жиндир «рукъалъул чи» ян йикIунаан гьесде. Валлагь кигIан жиндир рукъалъул чи накалда вахъун чIун гьарданиги, чIечIилаха Пахрудин рагъде инчIогоян зама-заманалдасан ракIалде щвезабулаан гьелъ.
Гьев Пахрудин кколаан дахIададаца тIоцее ячарай чIужу ИзахIатил ПатIиматие гьавурав вас. Халатбахъараб унтудаса хадуй хун гьей ПатIиматгун ячун йиго дахIададаца нижер дахIабаба. Жиндие бесдал васлъун кколев вукIарав Пахрудин гIемер ракIалде щолаан гьелда. ЦIакъ куц-мухъ бугев, бадиве валагьизе барахщарав, кутакалда жиндехунги адабалда кIалъалев вас вукIанила гьев...
Доб мехалда гIага-шагарго къого соналде вахарав гIолохъанчи вукIине кколаан Пахрудин. Кьохъ школалда гIурус мацIалъул дарсал кьолевги директорлъи гьабулевги вукIун вуго гьев. Цинги рагъ байбихьидал гьес гIарза кьун буго Болъихъ военкоматалде. Амма лъай бугел чагIи гьанирги хIажат ругилан, довасан витIун гьечIо гьев рагъде. Гьеб мехалда Пахрудиница гIарза кьун буго Хунзахъ военкоматалде. Гьеб лъараб мехалда чIун вуго эмен гьесда цеве накалда. Щиб мацI бицаниги, лъавуде вачIинавизе кIвечIилан йикIунаан дахIабаба. Кутакалда эбел хирияй йикIанила гьесие, гьей хун хадуб дунялалдасаго рокьи бичунги вукIанила.
Бицанихъе, гьеб кколаан 1943 сон. БитIун цIа боркьараб заман…
Рагъде ун гIемер мехго балелде бачIун буго кагъат Таганрогалда аскIов Пахрудин чIванилан. Гьедин бицунаан дахIабабаца. Амма Хунзахъ военкоматалда батараб документалда рекъон, 1947 соналда извещение кьун буго гьесул инсухъе вас араб бакI лъачIого тIагIанилан. Интернеталда ругел киналго базаби хъирщаниги, батичIо гьев вукъараб, чIвараб бакIалъе нугIлъи гьабулеб цониги хIужаги. Лъаларо, гьел электронный базаби жегиги данде гьарун рахъинчIогойищ ругелали.

… Лъаларо гьединго кинаб часталда, щиб хIалтIи Пахрудинида тIад къан букIарабалиги, кинаб гьунар гьес гьабурабалиги. Амма кинабниги гьунар гьес гьабун батичIонигицин, дица гьев рикIкIинаан БахIарчилъун. Щайин абуни, парахат Кьохъ школалда директорлъи гьабизе рес букIарав чи, хадуб ахIдолеб гIагарлъиги тун, цIа боркьараб рагъде ине ккани къваригIуна цебе чIезабизе захIматаб къвакIи…

Нижер Харахьи росу бакьулъ лъураб памятникалда хъван буго рагъдаса вуссинчIев 70 росуцоясул цIар. Гьезда гьоркьор гIезегIан руго Пахрудинил гIадин къисмат ккарал гIолохъабиги.

Хlал Алжаналъуб батаги гьезул киназулго, я Аллагь!
👍9🔥2
Media is too big
VIEW IN TELEGRAM
Имам ГъазимухIамадил зияраталда Видео: Зульфия ХIажиева
👍10
Телеграмм маг1арул мац1алде буссинабизе рак1алде ккей ц1акъ лъик1аб пикру бугоан, амма гьаб цо бат1ияб маг1арул мац1 бугоха 😳🙈
👍3